🤝🏻 Ассаламу гlалайкум,
дир диналъул яцал,вацал
ич1абилеб к1ал ккун тlагlат гьабулел! 💚🌹
Тlаде щвараб гьат1ан къо
Баракаталда айги
Аллагьасде гьарараб
Гьес нахъеги чlвагеги! 🤲
🍃🌺
Дуг1аги къабуллъаги,
Къуръанги дуруслъаги,
Къуръаналъул х1арп рик1к1ун
Даражаги борхаги.🤲
🍃🌺
Хирияв Х1абибасде
Бит1анщинаб салават,
Хвалда рит1ун ккеялъе
Сабабалъе батаги.🤲
🍃🌺
Дин гьабунилан абун
Дунял мукъсанлъунгут1и
Дунялалъул кинабго
Махлукъалда бич1ч1аги.🤲
🍃🌺
Сон бахчун бук1инч1елги
Яцаз г1аврат бахчаги,
Баларел бук1араца
Как базе байбихьаги.🤲
🍃🌺
Вацапалги г1одор лъун
Ч1умал кодор росаги,
Диналъе къуватги кьун гьурмал нуралъ гвангъаги🤲
🍃🌺
Таравих1ал гьуинлъун
Гьоркьоб цо биччагеги,
Щибаб какалда хадуб
Азкарал к1очонгеги.🤲
🍃🌺
«Ассалам» г1емер ц1алун
Г1амал лъик1аб лъугьаги,
Г1адамазул цоцаде
Рокьул кьо щулалъаги.🤲
🍃🌺
Щибаб рец Дуе, Аллагь,
К1ал кквезе къуват кьурав,
Къуват г1еч1елщиназе
Метер кквезе сахлъи кье.🤲
🍃🌺
Гьадиг1ан рах1атаб моц1
Унтун унеб бугезе,
К1ал ккураб роххел щвезе
Сабаб дуцаго т1аме.🤲
🍃🌺
Ургъел бугел ратани
Гьезие бигьа гьабе,
Налъи ккарал ратани
Бец1изе кумек гьабе.🤲
🍃🌺
Жах1да бугел ратани
Рокьилъун сверизабе,
Рак1 ч1ег1ерал ратани
Зикруялъ гвангъизабе.🤲
🍃🌺
Аллагь, Дуе бокьулеб
Г1амал гьабизе т1аме,
Дуда рихарабщинаб
Нижелъа нахъе босе.🤲
🍃🌺
Мун вокьи ризкъилъун кье,
Рагъ-кьалалдаса ц1уне,
Мекъаб нухалъ унезда
Бит1араб бихьизабе.🤲
🍃🌺
Рагъул хабар къотӀун ракӀал рохизе гьаре
Гьезул улбузда мун гурхӀаги я Рабби
Х1алхьи толарел чаг1и
Г1одоре риччазаре.🤲
🍃🌺
Дур гурх1ел гурелдалъун
Нижее рах1ат гьеч1о,
Дур ц1обалъ гуронани
Ц1униги бук1унаро.🤲
🍃🌺
Къо байбихьизин АЛЛАГЬАСУЛ каламалдалъун👇
Присоединяйтесь к ОК, чтобы подписаться на группу и комментировать публикации.
Нет комментариев